Цолъарал штатазул гражданазе россиялъул бесдаллъимал хъизаназде росизе гьукъулеб къанун какана россиялъул Юстициялъул министерлъиялъ. «Известия» газеталъул лъазабиялда рекъон, идараялъул кагътида хъвалеб буго, гьеб документ данде кколеб гьечΙин халкъазда гьоркьосел къотΙи-къаязде ва Хъизаналъул кодексалдеян.
Дагьалъ цебе гьелде кΙвар буссинабулеб букΙана вице-премьер Ольга Голодецица. АрбагΙ къоялда Цолъарала миллатазул гΙуцΙиялъул Лъималазул фондалъ (ЮНИСЕФ) лъазабуна, Россиялда бесдаллъимал пачалихъиял идарабазухъе кьеялъе альтернатива хΙисабалда, гьел хъизаназде росиялъул ва къватΙисел пачалихъазул хъизаназухъе кьеялъул институт цебетΙезабиялъул къварагΙел бугин.