Ссылки для упрощенного доступа

Сириялъул генерал лъутун вуго Туркиялде


2011 соналъул марталдаса сириялъул оппозициялдаги президент Башар Асадил режималдаги гьоркьоб байбихьараб рагъулаб конфликталъул къурбаналлъун лъугьун вуго 45 азаргоялдасанги цΙикΙкΙун чи. Гьелъул хΙакъалъулъ лъазабуна Лондоналда бугеб сириялъул инснасул ихтиярал цΙунулеб къокъаялъ. Гьелъул бетΙер Рами ГΙабдель РахΙманица лъазабухъе, гΙицΙго араб анкьалда улкаялда хвана азаргоялде гΙунтΙун чи, аслияб къагΙидаялда гΙадатияб халкъ.

Инсанасул ихтиярал цΙунулез абулеб буго, жидеца гьединаб хΙисаб бачунеб бугин, нугΙзабазда бихьаралде ва медиказул лъазабиязде мугъчΙвайги гьабунин. «Хваразул хΙакъаб къвадар букΙине бегьула нусазаргоялде гΙунтΙун» - ян лъазабун буго Рами ГΙабдель РахΙманица.

АрбагΙ къоялда загьирлъана рагъулаб полициялъул бетΙер генерал ГΙабдулазиз Шалаль оппозициялъул рахъалде лъугьун, Турциялде лъутун вукΙиналъул информация. Жиндирго хитΙабалда гьес лъазабулеб буго, армиялда жиндирго халкъ цΙунизе бажарулеб гьечΙин, гьелъул бутΙаби бигьагьабун «чΙвадарухъабазул бандабазде» руссунел ругин.
XS
SM
MD
LG