Ссылки для упрощенного доступа

М. Ходоркровский эркен гьавизе вуго 2015 соналда


«ЮКОС» компаниялъул цадахъал бетΙергьабилъун рукΙарал Михаил Ходорковскийги Платон Лебедевги туснахъалдаса эркен гьаризе руго 2015 ва 2014 соназда. Москваялъул шагьаралъул диваналъ прокурорасул гьариялда разилъун, гьезул тамихΙалъул болжал дагьлъизабуна 13 ва 11 соназде щвезегΙан. ГΙайиб гΙунтΙизабулез жидерго позициялъе хисиялъе багьана хурхинабуна такъсириял къануназда гьарурал хиса-басиязда.

Ходоркоскийги Лебедевги аресталде гъоркье росун рукΙана 2003 соналда тΙоцевесев ва 2005 соналда кΙиабилев. Диваналъ щивасе бихьизабуна туснахъалъул 8 сон. Гьезде гΙайиб гΙунтΙизабуна магъалабазда хурхун макру-хΙилла гьабиялъул. 2010 соналда кΙиабилеб такъсирияб иш рагьун гьезие бихьизабуна жив-живасе 14 сон. КΙиабилеб нухъалда гьезде гΙунтΙизабуна нарт бикъиялъул ва хΙиллаялдалъун щвараб гΙарцил легализация гьабиялъул.
XS
SM
MD
LG