ЦІияб конституциялъул проекталда хурхараб референдумалъул тІоцебесеб этап тІобитІана шамат къоялда Мисриялда. Цебеккунисеб хІисабалда рекъон, гьаркьал кьуразул 56,5 проценталъ рахъ ккун буго аслияб къануналъул проекталъул. Гьелъул хІакъалъулъ лъазабун буго президент МохІамад Мурсил рахъ кколеб Эркенлъиялъулгун ритІухълъиялъул партиялъул вакилас.
РачІунел рищарухъабазул къадар кІудияб букІиналъ, мисриялъул нухмалъиялъ гьаркьал кьеялъул заман халат бахъинабизе ккун буго.
Референдумалъул тІоцебесеб этап тІобитІана Каиралда, Александриялда ва цоги микьго провинициялда. Улкаялъул цогидал бакІазда гьаркьал кьей тІобитІизе буго шамат къоялда.
Миллияб хвасарлъиялъул фронт абураб оппозицияб коалициялъ нухмалъиялде гІайиб гІунтІизабуна референдум унеб мехалда къанунал хвезариялъул.
Мурсиде данде чІараз риккунеб буго, исламистаз хІадур гьабураб конституциялъ гарантияби кьолел гьечІин аслиял эркенлъаби цІуниялъулин, мисалалъе, руччабазул ва диниял къокъабазул ихтиярал цІуниялъул.