Шамат къоялда Мисриялда тΙобитΙулеб букΙана Конституциялъул цΙияб проекталда хурхараб референдумалъул тΙоцебесеб этап. Информациялъул алатазул лъазабиязда рекъон, гьеб тΙобитΙун буго инцидентал ккечΙого.
Улкаялъул президент МохΙамад Мурсица ва гьесул рахъ кколеб «Бусурбаби вацΙал» абураб багъа-башариялъ лъазабулеб буго, жидеца хΙадур гьабураб конституциялъ квербакъи гьабизе бугин улкаялда демократиял хиса-басиял гьариялъеян.
Мурсиде данде чΙара либералияб ва християназул оппозициялъ квешаб къимат кьуна исламистаз хъвараб аслияб къануналъул проекталъе. Гьезул пикруялда, гьелъ кьолеб гьечΙо гарантия аслиял эркенлъабазул, руччабазул эркенлъиялъул ва диниял къокъабазул.
Референдумалъул кΙиабилеб этап тΙобитΙизе буго хадусеб шамат къоялда.
Рузман къоялда Александрия шагьаралда тунка-гΙуси ккун буго Мурсил рахъ ккураздаги, гьесде данде ругездаги гьоркьоб. Чанго чи лъукъун вуго.