Мисиралда халат бахъунеб буго президент МухIамад Мурсил рахъ ккуразулги гьесул оппонентазулги дандечIей.
Миллияб Хвасарлъиялъул Фронт абулеб оппозиционияб бетIераб коалициялъ гьатIан къоялъ ахIи бана цIияб конституциялда разилъи гьечIолъиялъи загьирабиялде.
Оппозициялъул хIисабалда исламистаз хIадур гьабураб гьеб конституциялъул проект Мисиралъул киналго миллиял ва диниял къукъабазул интересазде данде кколеб гьечIо. 15 декабралда букIине бугеб референдумалда гьез абулеб буго гьеб бугин халкъалде данде лъазабураб рагъилан.