Мисралда оппозициялъ халкъ ахIулеб буго протесталъул цIиял акциязде. Цебесеб къоялъ президент МухIамад Мурсица нахъе бахъун букIана жиндир ихтиярал гIатIид гьарулеб жиндирго декрет. 22 ноябралда гьес гьаб къабул гьаби ккун букIана улкаялда гIемерав чи гIахьаллъарав протестазул акциязе гIиллалъун. Мурсица къуваталда тана улкаялъул цIияб конституциялда тIасан 15 декабралда референдум тIобитIизе гьабураб хIукму.
Оппозициялъул аслияб партия- Миллияб тархъанлъиялъул Фронталъул лидер АхIмад Саидица лъазабуна Мисралъул тIолабго халкъалъул мурадал цIунулел гьечIин цIияб конституциялда ва референдум гьаби халкъалде данде рагъ гьаби бугин.
Президентас 22 ноябралъул декрет нахъе бахъана тIолгомиллияб диалогалъул гIурхъабалъ партиязул лидералгун ва цоги активисталгун букIараб диалогалдаса хадуб. Оппозициялъул аслиял партияз президентгун данделъиялъе байкот лъазабун букIана.