Ссылки для упрощенного доступа

Сириялъул оппозициялъ гIуцIулеб буго рагъулазул тIадегIанаб Шура


12 декабралда Марракешалда «Сириялъул гьудулзабазул къукъаялъул» данделъи тIобитIилалде цебе Сириялъул миллияб коалициялъ лъазабизе буго рагъулазул тIадегIанаб Шура гIуцIиялъул. Гьедин абун буго France-Pressалъе оппозиционияб коалициялъул вакил МустIафа Саббагица.
Гьеб Шура гIуцIиялъул мурад буго Сириялъул оппозициялъул рагъулал къуватал цолъизари.
Сириялъул активистазул баязанда рекъон, Дамаск сверун ва аэропорт бугеб мухъалда унел руго хIукуматалъул къуватазда ва гьезде дандечIаразда гьоркьор рагъал.
XS
SM
MD
LG