АнцI-анцIазар палестинав гIахьаллъараб демонстрация тIобитIана шамат къоялда Газа шагьаралда. Гьедин кIодо гьабулеб букIана ХIАМАС багъа-башариялъе 25 сон тIубай.
РакIараразда цеве кIалъана Газа секторалде вачIарав гьеб къукъаялъул лидер Халед Машаль.
Гьеб сектор гьес тун букIана 1967 соналда палестинагун-израилалда гьоркьоб букIараб конфликталдаса хадуб.
2004 соналда гьев тун вукIана ХIАМАСалъул бетIерлъун гьелъие нухмалъи гьабулев вукIарав Шейх Ясин израилалъул тирелоялдасан биччараб ракетаялъ чIван хадуб.
2007 соналдаса нахъе ХIАМАСалъ гьабулеб буго Газа секторалъе контроль.
Израилалъ, Америкалъ ва Евроцолъиялъул улкабаз ХIАМАС рикIкIуна террористияб къукъалъун.
Исана Израилалъ Газаялда тIобитIун букIана микьго къоялъулаб рагъулаб операция, гьебги палестиналъул яргъидгIуцIарал израилалъул шагьаразде ракетаби кьвагьиялдаса инкар гьабизе тIамизелъун. Гьеб мехалда хун вукIана Палестиналъул 170 ва Израилалъул анлъго чи.