Ссылки для упрощенного доступа

Оппозициялъ инкар гьабуна президент Мурсигун дандчIвазе


Мисралъул президент МухIамад Мурсил оппонентал ракIарун рукIана тахшагьар Каиралъул Тахрир майданалда. Гьез тIалаб гьабулеб букIана нухмалъиялдаса исламистазул режим нахъе рехизе.
Гьелдасаги цебе оппозициялъ инкар гьабун букIана Мурсил ахIиялда рекъон, миллияб диалогалде рачIине.
Мисралъул машгьурал политиказул цояв ва Нобелил премия щварав
МухIамад Эль-Барадейицаги оппозиция ахIулеб букIана Мурсил цебелъеялдаса инкар гьабизе.
Хамиз къоялъул къаси телехитIабалда Мурсица абулеб букIана кризисалдаса рорчIизе нухал ралагьизелъун шамат къоялъ оппозициялъул вакилзабигун дандчIвани лъикIаб букIинаанин. Гьес гьединго абуна президентасул ихтиярал гIатIид гьарураб ва протесталъул акциял рижизарурал декретги нахъе бахъизе бугин 15 декабралда референдум тIобитIун хадубин.
XS
SM
MD
LG