Советияб заманалда Азербажаналъул росдал магIишат цIакъ цебетIураб ва машьгураб букIана тIолго Совет Союзалда. ЦIибил, квасквас, тамахьо, нису-нах – гьеб кинабго лъикIалан лъалаан тIолго улкаялда. Амма 1990 соналдаса байбихьун гьенир росдал магIишаталъул сурсатал гьари дагьлъун бугоан. ХIалтIи гьечIолъиялъ росаби тун, гIемерал гIадамал къватIирехун ана. Амма гьелда балагьичIого росабазда хІалтІи бóркьун буго. RFE / RL - корпорациялъул азербажан хъулухъалъул фотомухбир Атилай ГIаббасица рахъарал суратазда бихьизабун буго гьанжесеб ахIвал-хIал.
Миграциялде балагьичIого.

1
Ленкораналда аскIоб бугеб Сиябли абулеб росдал сверухълъиялда жиндир тІанчІигун нух къотIулеб хъаз.

2
Жалилабад росулъ лъимаца улбузе кумек гьабулеб буго картошкаялъул бачIин бакIаризе. Гьеб икълималда асалияб къагIидаялда чайги, цитрусалги рижизарулел руго.

3
Жалилабадалъул сверухълъиялда хурий юхъарулей чIужу-гIадан.

4

5
Рохьоса цІул баччунев чи. ГIемерал росабахъ ток бугониги, бакI-бакIалда гIадамаца печь бакула.

6
Астара росулъ ракьулъ бугеб коралъуб чед бежулей чIужу-гIадан.

7
Найихъанлъи некIо заманалдаса аслияб иш буго гьаб икълималда.

8
Улбул хуриб хIалтIулеб мехалда лъимал харабаз хьихьула.

9

10
Вецаризе хIадурав чи.

11
Росдал мактабазда классал гIитIинал руго.

12
Жалилабадалъул мактабалда математикаялъул дарсал кьолей мугIалим.

13
Астара росдал сверухълъиялда лъалъ гьабулеб канал.

14

15
Жалилабадалъул мактабалъул ашбазалда къадада рарал вукIарав президент ХIайдар ГIалиевасул ва гьесул вас гьанжесев президент ИлхIамил суратал.