Франциялъул тахшагьаралъул сверухълъиялда рагьун буго Европаялда тIоцебесеб нухалъ бихьинцIуязе бараб мажгитилан абулеб хасаб бакI.
Гьанжеялдаса гIадамазда гьоркьоб тIабигIияб гуреб бухьен бугезе рес швезе бугин щибаб рузман къоялъ цадахъ какал разе, ян абулеб буго гьединаб жигаргун цеве вахъарав Людовик МухIамад-Загьид ян абурав цо чияс. Гьесие кумек гьабуна Федерико Джоко Прокопио абулев гIадатиял гурел бухьенал ругезул ихтиярал цIунулев цо буддистас.
Цере Людовик МухIамад-Загьидица какал ралел рукIана Парижалъул аслияб мажгиталда. Аммаила, абулеб буго гьес, дове вачIунев аза-азар бусурбанчиясул кутакалда квешаб бербалагьи букIун буго бихьинцIуязда. Гьединлъидал гьаб цIирагьараб какирукъалъул кIудияб хIажалъи бугин, абулеб буго гьес.
Людовик МухIамад-Загьид: «Гьаб буго хIинкъи гьечIоб бакI. Гьениб паракъатго гаргадизе бегьула Франциялда бусурбабаз гьабулеб гIумруялъул ва мажгитабахъ гьукъарал батIи-батIиял суалазда тIасан».
ГIумрудул 35 сон барав Людовик МухIамад-Загьидил къукъаялда вуго 325 гIахьалчи. Ва гьес хьул лъолеб буго жиндир пикруцоязул къадар цIикIкIине букIиналда. Гьезул хIакъалъулъ гьес гьадин абулеб буго:
Людовик МухIамад-Загьид: «Руго руччабазда цIакъ релъарал бихьинал. Гьеб гьезул гIайиб гуро. Гьеб буго гьезул тIабигIат. ТIадегIанас гьел гьадиналлъун гьарун руго. Гьезул цоязе бокьун буго ТIадегIанасе какал разе. Амма гьел хIинкъула мажгиталде ине. Гьанжейин абуни гьадинаб рес кьун буго гъозие».
Франциялъул мажгитазул имамзабаз кутакалда какулеб буго гьеб жигар, гьеб Ислам-диналде данде кколареб иш бугин абун. Гьезда гъорлъ – Парижалъул аслияб мажгиталъул имам Далил Абу-Бакрги.
Далил Абу-Бакр: «Гьеб буго Исламалде тIубанго данде кколареб иш. Бусурбабазул умматалдаса батIа чIараб къукъа буго гьеб. Гьав Загьидги умматалъул вакил гуро, гьес бараб рукъги мажгит гуро. Щай гурелъул гьеб рукъ Ислам диналъ какулеб кьучIалда бан букIиналъул».
Живго Загьидица гьадинаб тушманчилъиялъул бербалагьи паракъатго къабул гьабун, гьенир хьвадулел гIадамал цIуни мурадалда мухбирзабазда гьарана жинца рагьараб какирукъ бугеб бакI гIадамазде лъазабуге ян абун.
Мажгитиланги абун гьадинал какирукъзал руго Жанубияб Африкалдаги, Цолъарал Штатаздаги, Канадаялдаги. Жалго жидецаго «прогрессивиял бусурбабилъун» рикIкIунел гьел гIадамаз абулеб буго жидеца «альтернативияб ислам» гIуцIизе гIаммал гьабулеб бугин.
Reuters агентлъиялъул макъала.