Ссылки для упрощенного доступа

Физик Данилов къватΙиве виччана туснахъалдаса


Красноярскалъул колониялдаса шамат къоялда эркен гьавурав физик Валентин Даниловас лъазабуна, жиндир планалда бугила гΙелмияб хΙаракатчилъиялде нахъ вуссинейин. ГΙалимчияс абуна гьединго къимат-къадру нахъ буссинабиялъухъ къеркьей халат бахъинабизе бугин жинцайин.

Красноярскалъул гΙалимчиясда хурхун такъсирияб иш рагьун букΙана 2000 соналда пачалихъалъул балъголъи къватΙиб чΙвазабиялъул гΙайибги гΙунтΙизабун. 2004 соналда Даниловасе диваналъ бихьизабуна туснахъалъул Ι4 сон. Хадуб соаналъ къокълъизабуна гьеб болжал. Ι0 къоялъ цебе Красноярскалъул диваналъ Даниловасул гΙарзаялда разилъун гьев шартияб къагΙидаялда заман щвелелдего эркен гьавуна.
XS
SM
MD
LG