Пакистаналъул талибаз хΙинкъиял кьолел руго индиялъул гражданазде ва тΙолабго дунялалдаго индиялъул объектазде тΙадекΙанцΙиял гьаризе ругин абун. Талабизул вакилас «Рейтер» агентлъиялъе телефоналдасахун лъазабун буго, гьединаб хΙукму гьабун бугин, Индиялда МохΙамад Аджамаль Касаб диваналъул хΙукмялда рекъон чΙваялъе жаваб хΙисабалдайин. Гьев ккола 2008 соналда Мумбаи шагьаралде гьабураб тΙадекΙанцΙиялда хадуб чΙаго хутΙарав цого-цо талибав.