Ссылки для упрощенного доступа

Американиял божулел гьечΙо афгъанистаналъул рагъулазул махшелалда


Afganistan - US soldiers and Afghan security forces stand guard at the site of a car bomb in front of a branch of the Kabul bank in Kandahar, 27Dec2010
Afganistan - US soldiers and Afghan security forces stand guard at the site of a car bomb in front of a branch of the Kabul bank in Kandahar, 27Dec2010
Афгъанистаналъул президент ХΙамид Карзайица Цолъарал штатазде гΙайиб гΙунтΙизабуна, марталда гъулбасараб туснахъал цоцахъе кьеялда хурхараб къотΙи-къай хвезабулеб бугин абун. Карзайил рагΙабазда, америкаялъул рагъулаз, афгъанистаналъул диванчагΙазул хΙукмуялда рекъон, эркен гьавизе кколев чанго гражданав, ккун чΙезавун вуго. Америкаялъул рахъалъ чΙезабун буго Багърам шагьаралда бугеб лъабазарго чи жанив вугеб туснахъ афгъанистаналъул хΙинкъигьечΙолъиялъул хъулухъалъухъе кьей. Американияз щаклъи загьир гьабулеб буго, гьеб хъулухъ жиндирго функцияби тΙаразаризе хΙадурун букΙиналда бан.
XS
SM
MD
LG