Ссылки для упрощенного доступа

45 гьитIич хун буго Мисралда ккараб катастрофалда


45 цIалдохъан хун вуго шамат къоялда школалъул автобусалда поезд кьабидал Мисралда. Лъукъаразул къадар лъазабулеб гьечIо. Полициялъул баяназда рекъон, автобусалда жаниб букIун буго ункъгоялдаса анлъгоялде щвезегIан гурони сонал гьечIеб 60 гьитIич. Гьеб балагь ккун буго Каиралдаса 350 километралъул рикIкIалъуда бугеб Манфалут абулеб росдада аскIоб маххунухда.
XS
SM
MD
LG