Пакистаналъул къватIисел ишазул Министерлъиялъ инкар гьабун буго жидер туснахъазда вугев чанго тIалибав эркен гьабизе рагIи кьун бугин Исламабалъин абураб информация тасдикъ гьабизе.
Эркенлъи Радиоялъул редакциязул цояб Машааль Радиоялъе кьураб интервьюялда министерлъиялъул официалияв вакилас абун буго жанир тIумуразул цониги чи эркен гьавун гьечIин.
Цебе магърибалъул информалатаз лъазабулеб букIана гьел эркен гьариялъул къотIиялде рачIун ругин Пакистаналъул нухмалъиялъул ва Афгъанистаналъул тIадегIанаб ракълилаб шураялъул вакилзабазда гьоркьор рукIарал кIалъа-ралъаяздайин.
Афгъанистаналъ улкаялда ракълилаб процесс букIинаби хурхинабулеб буго мадугьалихъ бугеб Пакистаналъул территориялда ругел тIалибазул лидеразулгун диалогалъул перспективаялда.