ТIоцебесеб макъалаялда бицунеб буго Расул ХIамзатовасул кучIдул гIурусалде руссинарулев вукIарав Юрий Кузнецовасдаса щванин шагIирасе машгьурлъи, живго Расулидасаги шагIир хIисабалда ГIадалло ГIалиев цеветIурав вукIанин. Марина АхIмадовалъ кьолеб буго гIаксияб пикру.
Facebook.com сайталда гьелъул хIакъалъулъ пикру загьир гьабулеб буго батIи-батIиял гIадамаз. Рехсараб макъалаялда гъоркь унеб буго чIагояб бахIс живго Расулилгун ГIадаллол гIумруялъулги творчествоялъулги хIакъалъулъ. Василав Василов абурав блогерас Марина АхIмадовалъул рахъ ккун гIайиб чIвалеб буго ГIадалло ГIалиевасда, гьесда бадибчIвай гьабулеб буго Совет пачалихъалъул заманалда Аллагьасда божуларевлъунги вукIун, хадув цIияб заман бачIарабго божулезул рахъалде ун вугилан.
Гьевгун рази гьечIо Shamiloff абураб цIаралда гъоркь хъвадарулев блогер. Гьес рикIкIунеб буго цогидазда данде ккун ГIадалло кидаго рагьун жо абулевлъун вукIанин, цогидалгIадин доб мехалъги жал Аллагьасда божулел рукIанин гьерсал рицунгутIиялъухъ гьесул хIурмат гьабизе кколин.
Журналист Анохина Светланаца гьеб бахIсалда хурхун жиндирго пикру загьир гьабуна Эркенлъи Радиоялъе.
Анохина Светлана: «Марина АхIмадовалъ цIалараб бихьарабго дида бичIчIана Огрызкоца жиндиего бокьухъе хъвалеб буго кIиявго шагIирасул хIакъалъулъ. Гьес тIаде лъугьун ва ракI битIун гьабулеб буго кIиясулго творчествоялъул анализ ва гьесие Расул ХIамзатовасдаса цIикIкIун рекIее гIолев вуго ГIадалло ГIалиев.
Расул ХIамзатов гIодовегIан гьавиялъул масъала гьесда цебе букIаниланги дида абизе кIоларо, щайгурелъул Расул киназего гуро вокьизе кколев. Мисалалъе, дие гьесул кучIдул рокьуларо, цохIо «Дир Дагъистан» абураб асар гурони.
Нилъер Советияб пачалихъалда гIемер рукIана гIилла-гьунар гьечIого пачалихъалъ ургъунго понцIозарурал хъвадарухъаби. Гьединазул цоявлъун вукIана дир хIисабалда Расул ХIамзатовги. Живго ГIадалло ГIалиевгунги кIалъана дун гьеб макъалаялда тIасан, дица гьесулгун гара-чIвари гьабулеб букIана. ЦIехана гьелъие жаваб кьезе бугищ дуца абун. Щайгурелъул, Марина АхIмадовалъул макъала хъвараб къагIида дие цIакъ бокьичIо.
Гьениб творчествоялъул бицунеб бакI дагьаб буго, Расулилгун ГIадаллол гIумруялъулъ йикIарулей йиго гьей. ГьабсагIат лъие къваригIун бугеб гьезул квартирабазулги, машинабазулги хIакъикъат? Гьеб киналъго лъикIаб гуреб асар гьабуна дие ва гьелдасан квешаб махI бахъунеб буго.
Жавабалъе ГIадалло велъана ва абуна гьединал гIантал жалазе жаваб кьезегIан гIисинлъизе бегьуларин жив абун. Живищ Расулищ цеветIурав абураб жо бичIчIизабизе лъугьине гьечIин живан абуна. Щайгурелъул, гьесие кинабго якъинаб буго, гьев божарав вуго шагIир хIисабалда жив Расулидасан цеветIурав вугин ва гьедин рикIкIине гьесул ихтиярги буго.
Бокьарав шагIир восе, гьезул киназдаго ракIалде ккола жиндасан бергьарав шагIир цоги гьечIилан. Дир цо дагьабги цIикIкIун заманги, гьунарги, таваккалги букIарабани дица гIодойги чIун лъикIаб тIехь хъвалаан гьев кIиго аваразул шагIирасул хIакъалъулъ.
Щайгурелъул гьел кIиял руго цIакъ гIажаибал, цIакъ цоцада релълъарал, заманаялъгун жамгIияталъ батIи-батIияб къагIидаялъ гIажиз гьарурал къисматал ругел шагIирзаби».
Цойги блогераз гьоркьоб лъолеб суал букIана «Кавказская политика» сайталда бахъараб речIчIухъан, лъабцIул Олимпиялъул чемпион Бувайсар Сайтиевасулгун гара-чIвари. Рехсараб гара-чIвариялда Сайтиевасда журналистас цIехолеб буго Хасавюрт шагьаралъул нухмалъулев вищулел рищиязда кандидат хIисабалда гIахьаллъизе вугищилан.
Жавабалъе гьес инкар гьабулеб буго, Сайгидпаша ГIумахановасул хIакъалъулъ лъикIал пикраби загьир гьарулел руго ва гьебго заманалда бицунеб буго шагьаралда магIарулал гIемерлъун ругин, чачаналгун лъарагIазул проблемаби цIикIкIунел ругин. Дагъистаналъул блогеразда гьеб гара-чIвариялъул бихьулеб буго спортсменасул политикаялда гъорлъе жувазе гъира.
Proxodimec абурав блогерас Livejournal.com сайталда жиндирго блогалда хъвалеб буго Бувайсар Сайтиевасул жавабазулъ бихьулеб бугин гьесие мэрасул хъулухъ батIаго рихун гьечIолъи, амма цIодорав чи хIисабалда заман щвелалдего жиндирго хьулал къватIире кьезе бокьун гьечIолъи.
«ГьабагIаталда гьеб бициналъул магIна гьечIо, хадубккун Рамзан Къадировас кумекги гьабилин рагIиги кьуни, Сайгидпаша ГIумахановасгун къотIи-къай гьабизеги кIвани, рищиязда бергьунеб гIадаб ахIвал-хIалги лъугьани гьес лъезе буго кандидатура» - абун бицунеб буго блогерас.
«Сайгидпаша ГIумахановасухъа гьеб хъулухъ бигьаго бахъизе кIвезе гьечIолъи бичIчIун гьес шагьаралъул бетIерасе реццал гьарулел руго» - абун бицунеб буго цоги блогерас.
МахIач ГIалиев абурав блогерас Facebook.com сайталда гьоркьоб лъолеб буго гьеб макъала ва бицунеб буго Бувайсар Сайтиев тIолго дагъистаниявлъун кколарин, Красноярскиялъул рахъалъ цеве вахъунев вукIанин гугарулаго.
«Гьединлъидал Дагъистаналъул шагьаралъул нухмалъулевлъун вахъине гьесул ихтиярал гIолел гьечIо» - абун хъвалеб буго блогерас.
Лъабабилебги блогераз гIемер рехсараб тема ккана хамиз къоялъ Дагъистаналъул «ЭКСПРЕСС» банкалда аскIоб букIараб ахIи-хIур. ГIемерисел гIадамаз жидерго банкалда лъураб гIарац нахъе бахъулеб букIана. Гьелъие гIиллалъун гьез бицунеб бугоан рехсараб банк банкроталде ккун бугилан тIибитIараб хабар. Блогеразул гIемерисез рикIкIунеб буго 90 абилел соназдаса нахъе гIадамазул божилъи хун бугин банказдаса.
«Дица банкалда цониги копек гIарац лъун гьечIо, лъезеги гьечIо, дун божуларо гьезда» - абун хъвалеб буго блоггер ГIумаров Асилдарица. Гьединабго пикру загьир гьабулеб буго Заира АхIмадова абурай блогералъ. «Банкалда гуреб, цIорол банкаялда жаниб цIунизе ккола гIарац, гьединал ахIвал-хIалаздаса цIунараллъун рукIине ккани» - ян хъвалеб буго блогералъ.