Цолъарал штатазул машрикъалъул рахъалда «Сэнди» ураганалъул хΙассилалда хваразул къадар бахун буго 102 чиясде. Лъабгогун бащдаб миллион чи хутΙулев вуго электроэнергия гьечΙого. ГΙолеб гьечΙо цΙатари, гьелда хадур рагΙуна кΙуди-кΙудиял чΙитирал.
Цолъарал штатазул президент Барак Обамаца буюри кьуна, зарал ккарал штатазде улка цΙуниялъул министерлъиялъул нахърателаздаса дизелалъул цΙатариялъул 38 миллион галлон ва бензиналъул 45 миллион битΙиялъул. Рузман къоялда Нью-Йоркалда нахъе бахъун буго санайилаб марафон. Гьелда гΙахьаллъизе планалда букΙун буго аза-азар чиясул.
Прогнозазда рекъон, Цолъарал штатазул машрикъалъул рахъалде аскΙобе щолеб рагΙуна цойги ураган. АрбагΙ къоялда температура цинтΙаго гΙодобе ккезе буго, рукΙине рагΙуна цΙадал ва гΙазу.