Россиялъул Генералияб прокуратураялъ официалияб къагΙидаялда лъазабуна «Справедливая Россия» партиялдаса Пачалихъияб Думаялъул депутатлъун вукΙарав Геннадий Гудковасде претензияби гьечΙолъиялъул хΙакъалъулъ. Гьелъул хΙакъалъулъ лъазабулеб буго «Независимая гезеталъ». 14 сентябралда Гудков махΙрум гьавун вукΙана депутатасул мандаталдаса Пачалихъияб Думаялъ депутатасул хΙалтΙуда цадахъго бизнесги билъанхъизабулеб бугин риккун.