Демократиялъул нухда нахъе гьабураб галилъун риккунеб буго Цолъарал штатаз Украиналда тΙоритΙарал парламенталъул рищиял. Гьелъул хΙакъалъулъ лъазабуна Пачалихъияб департаменталъул вакил Марк Тоунерица. Гьесул рагΙабазда, гΙемер нугΙзаби руго укараианалъул нухмалъиялъ жидерго оппонентазде тΙадецуй гьабиялъул ва административияб сурсат хΙалтΙизабиялъул. Гьелдаго релъарал лъазабиял гьаруна украиналъул рищиязда хадуб хал ккун рукΙарал ОБСЕялъул ва ПАСЕялъул тΙоххалчагΙазул къокъабаз. ГΙицΙго СНГялъул тоххалчагΙаз лъазабуна гьел рищиял рукΙанин эркеналги демократиялгиян.