Ссылки для упрощенного доступа

2010 соналда бортараб польшаялъул президентасул "Ту-154"-ялъул кесказда ратун руго кьвагьулеб жоялъул лъалкΙал


Польшаялъул «Rzeczpospolita» абураб газеталъ талат къоялда лъазабуна, Смоленскалда аскΙобеххун 2010 соналда бортараб польшаялъул президентасул аэропланалъул хутΙелазда кьвагьулеб жоялъул лъалкΙалин. Баяналъул автораз хъвалеб буго, кΙиго анкьалъ цебе Россиялдаса нахъе руссарал польшаялъул специалистазе президентасул Ту-154 аэропланалъул кесказда ва 30 тахалда батанила тротилалъулги нитроглицериналъулги лъалкΙалин.

Цо версиялда рекъон, гьеб букΙине бегьула Дунялалъул кΙиабилеб рагъул заманалъул кьвагьичΙого хутΙун букΙараб, аэплан т1ад рч1иялъул х1ассилалда кьвагьараб гумпараялъул лъалкΙ. Амма гьелда ракΙ чΙараб гьечΙо. Польшаялъулаз инкар гьабун букΙана россиялъул пиротехниказул экспертизаялъул протокол гъулбасизе, лъазабун букΙана жидее жидерго цΙехх-рехх гьабизе бокьун бугин.

Жидерго экспертизалъул хΙассилал польшаялъул специалистаз кьуна генералияв прокурор Анджей Сэрэмэтихъе. Гьелъул хΙакъалъулъ гьес лъазабуна живго премьер-министр Дональд Тускида. Гьелдаса хадуб Варшаваялда унел руго цΙакъ хΙалуцарал консультацияби, цΙияб информациялда хурхун гьаризе кколел галабазда хурхунин, лъазабулеб буго «Rzeczpospolita» газеталъ. ХΙукуматалъ официалияб къагΙидаялда тасдикъ гьабулеб гьечΙо газетаялъул информация.
XS
SM
MD
LG