Ссылки для упрощенного доступа

Америкаялда рищиял: манзил къокълъулеб буго


29 Октябралда Цолъарал Штатазда байбихьила президентасул рищиязул ахирисеб анкь. Къец унеб буго цIакъ хIалуцараб куцалда. Гьабураб гьикъа-бакъиялъул хIасилалда рекъон кIиявго кандидатасул ресал рашадал руго.

Цолъарал Штатазул электораталъулаб картаялъ бихьизабулеб буго васвасдулелилан абулел штатазул къадар дагьлъулеб букIин. Амма гьедин бугониги, итни къоялда гьединаб 7 штат хутIулеб буго. Гьелги ккола Айова, Висконсин, Колорадо, Огьайо ва цогидал.

Огьайо штаталда абулеб буго экономикияб ва батIи-батIиял миллатазул къадаралъул рахъалъан гьеб бугин Америкалъул микрокосм гIадаб бакI. Гьединлъидал гьениб кандидатасе бергьенлъи щвани – гьесие цIикIкIараб икъбалги щвелин.

ХIасилукалам, Огьайо штаталда кандидатасе шолел гьаркьазул къадаралъ ахирисеб тIанк лъезе бугин ришиязул къецалда. Гьадин абулеб буго экспертаз.

Мисалалъе босани Америкалъул тарихалъ бихьизабулеб буго щивав республиканияв-кандидат хасго Огьайо шаталда бергьун президентлъун вахъун вукIараблъи.

Хасго гьеб сабаблъун гьанжесев президент Барак Обамацаги гьесул дандияв Митт Ромницаги гIемераб заман балеб буго гьеб штаталда. Гьезул штабазда цоял мухьдахъ цогидал жидеего бокьун хIалтула кумекчагIи хIисабалда.

ТохалчагIазул хIисабалда жеги лъилниги рахъ кквечIел рищарухъабазул къадар гIага-щагарго 6-7 миллион чиясде бахунеб буго, ян абулеб буго National Journal-лалъул мухбир Алекс Роартица:

Алекс Роарт: «Обамал рахъ ккураз ракIалде щвезабулеб буго сентябрь моцIалда тIобитIараб демократазул миллияб данделъиялда Билл Клинтоница гьабураб берцинаб калам. Гьес абуна Барак Обамаца халат бахъунеб бугин 1990-соназда жинца байбихьараб мунпагIатал кьолел экономикияб политика.

Республиканиязда Клинтоница абуна гьел ругилан гьеб политикаялъе квал-квал ай саботаж гьабулел гIадамалин. Гьелдаса нахъе цо-кIиго анкь ун хадусала Обамае щун бугоан Ромние щваралдаса гьаркьазул 5-7 проценталъ цIикIараб къадар.

Алекс Роарт: «Жидерго напсияб гьоркьобакIалде балагьичIого Билл Клинтоница жигараб къагIидаялда рищарухабазде ахIи балеб буго Барак Обамае гIоло гьаркьал кьеилан абун. Гьаб ахирисеб хIасилаб анкьида гьес Обамагун цадахъ сапарал рухьулел руго кисе-кирего. Хасго Огьайо шаталдеги.

Бил Клинтон цIакъ вокьула хъахIаб тIомалъул мухъилал хIалтIухъабазе. Мисалалъе бачине бегьула гьадинаб хIужа: Барак Обамае квер-бакъи гьабулев цIар-арав рок-цIва кочIохъан Брюс Спрингстонил концерт рагьулев вукIарав Бил Клинтоние хъат кьабун букIана хасго гьел гIадамазул гIолохъанаб гьелалъул вакилзабаз».

Щибха ракIалде щвезабулеб буго Митт Ромнил рахъ ккураз?

Алекс Роарт: «Демократияб партиялъул данделъиялдаса моцI ун хадуб тIобитIараб дебатазул тIоцебесеб туралда баянлана Митт Ромнида ва Барак Обамада гьоркьоб бугеб манзил къокълъулеб букIин. Гьеб букIун буго Америкалъул тарихалда жаниб мисал гьечIеб икъбал. Жиндир икъбалалъул балалда Ромни хIисаб бащалъизабун буго. Гьанже ахирисеб хIасил бараб буго Огьайо ва цогидал штатазул аза-азар ришарухъанасул гьаркьазда».

Обамал ва Ромнил ришиязул штабаз кIвар буссинабулеб буго кIиявго кандидатасул гъалатIаздаги. Сундул гъалатIал гьел кколин абураб суалалъе жаваб кьолаго Алекс Роартица тIоцебесеб иргаялда кIвар буссинабулеб буго рекламияб кампаниялъул хIалтIуде:

Алекс Роарт: «Республиканиязул гъалатIазул абуни, тIоцебесеб иргаялда рехсезе ккола ахирисеб чанго моцIалда жанив гьезда Митт Ромни лъикIаб рахъалъан вихьизавизе кIвечIолъи. Хасго миллияб масштабалъул хIаракатчилъун гьев вихьизавизе кIвечIолъи. Ромнил кумекчагIаз гьесул имиджалда тIад хIалтIи гьабулеб мехалда деморкратаз чIобогоял бакIазде жидерго магIна лъун бугоан, гIадатиял гIадамазул тIалаб-агъаз гьабуларев сихIирав политиклъун Ромни вихьизавулаго. Живго Ромницаги демократазе кумек гьабун буго, жиндирго ватIанцоязул 47 проценталда гьел пачалихъалъул чед чIобого кваналел напакъадул чагIи ругин ургъичIого абун. Хадув гьев рекІéкълъизеги рекІéкълъана».

Евгений Аронов,
Эркенлъи Радиоялъул ГIурус хъулухъалъл мухбир.

Материалы по теме

XS
SM
MD
LG