Премьер-министр Николай Азаровас къануналда рекъон унел ругин абуниги Украиналда парламентиял рищиязда хIалтIизабулеб буго «карусель» абун лъалеб рищиязул цо бутIаялдаса цогиялде цого гIадамал гьаркьал кьезе рачIчIулеб технология. Гьедин лъазабулеб буго оппозициялъ. Гьезулго баяназда рекъон, гьал рищиязул гIаламатлъун лъугьун буго ракIалдаго гьечIого гIемерал рищарухъаби цадахъго «унтиги».
Украиналъул Запарожиялъул коммунист патиялъул обкомалъ лъазабулеб буго гьаркьал кьезе гIадамал рачун рачIиналъул ва рищиязул къанун хвезабиялда тIасан хъварал тохалчагIазул гIарзаби къабул гьарулел гьечIолъиялъул.
Донецкалъул ракьалда «каруселал» гьариялъул лъазабуна компартиялъул лидер Петр Симоненкоца. ТIалъиялъ гьел лъазабиял нахъ чIвалел руго.
«Батькивщина» абулеб оппозиционияб партиялъул лидер Александр Турчиновас лъазабуна журналистазда Киевалда рищиязда цебесеб кIиго къоялда жаниб Украиналда унтун вугин 400 азарго чи ва гьединазул гIаммаб къадар 900 азаргоялдаса цIикIкIунеб бугин. ТIадегIанаб Радаялде аслияб къеркьей унеб буго Регионазул партиялда, цолъараб оппозициялъул «Батькивщина» ва Виталий Кличкол «Удар» абулел партиязда гьоркьоб.
Кинавниги щуго соналъул болжалалъ хIалтIизе вищизе ккола 450 депутат.