Жакъа радал Шималияб Осетиялъул ва Гъалгъаялъиялъул гIорхъода кьвагьи гьабурав живго чIвалесда ракIалда букIун батизе буго Владикавказалда теракт гьабизе. Гьединаб пикру загьир гьабулеб буго Россиялъул Жанисел ишазул министерлъиялъул вакилзабаз. Полициялъул чIовудабакIалда автомашина кьвагьизабиялъул хIасилалда хун вуго живго кьвагьизавурав малъичIого полициялъул цо хIалтIухъан, жеги ункъгояв лъукъун вуго.