Информациялъул алатаз лъазабухъе, Россиялъул цIех-рехалъул идарабаз гьесда гIунтIизабулеб буго гьебго соналъ Москваялда Хасавюрт мухъалъул нухмалъулев Алхаматов ГIалимсолтIан чIваялъулъ гIахьаллъиялъул гIайиб.
Ахираб информациялда рекъон, ХIабиб ГIумахановасе бокьун гьечIо жив Россиялъул хасал къуваталъул идарабузехъе кьезе ва жибго Германиялда вахчизе бакI гьарулеб буго.
Живго ХIабиб ГIумаханов гьабсагIаталда Германиялъул кинаб шагьаралда ва щиб туснахъалда вугевали жеги лъалеб гьечIо. Германиялъулгун Кавказалъул гьудуллъиялъулаб жамгIияб гIуцIиялъул нухмалъулев, Эккехард Маасил баяназда рекъон, киналго Интерполалъ ккурал чагIи жанир тIамулеб Берлиналъул Кёнепег абураб туснахъалда 19 абилеб октябралъ радал гьев мухIанго вукIинчIо.
Эккехард Маас: «Германиялъул полициялда нагагьлъун ватани Интерполалъ валагьулев чи, гьез нахъе бахъичIого гьев жанив тIамула. Хадусеб иргаялда лъазабула сундуе гIоло, щиб такъсиралъухъ гьев жанив тIамун вугевали.
Гьелъие гIоло гьез бухьен гьабула Интерполалдаса гьев чи кквезе тIалаб гьабулеб пачалихъалъул идарабигун. Гьанже гьединаб пачалихъ Россия буго. Россиялъул рахъалдаса 4 анкьил болжалалда щвезе ккола гьев чи къанунияб къагIидаялъ тамихIалде цIалев вукIин тасдикъ гьарулел кагътал.
Гьелдаса хадуб Германиялъул диваналъ хал гьабила гьеб хIалтIул, ва хIукму къотIила, кьезейищ кколев гьев чи жиндир ватIаналде, ялъуни тезейищ кколев абун. Нагагьлъун Германиялъул диваналъ хIукму къотIани ХIабиб ГIумаханов Россиялъухъе ккезе кколин, гьев кьезе вуго, щайгурелъул Россиялдагун Германиялда гьоркьоб буго цоцахъе такъсирчагIи кьезе тIаде босараб къотIи-къай».
Эккехард Маасил пикруялда рекъон, ккурав чи цевеккун Шималияб Кавказалда унеб рагъулаб дандечIеялъулъ гIахьаллъун гурев, жиндирго цоги такъсиразухъ полициялъ валагьулев ватани, гьев Россиялъухъе кьеялда щаклъизе бачIунаро.
ХIабиб ГIумаханов Германиялда хутIизе цохIо рес буго. Гьеб ккола нагагьлъун гьев
Россиялъухъе кьуни, гьаниб гьесие зулму гьабизе бугилан ялъуни инсанасул къадру гIодобегIан гьабулел ишал гьесда аскIор гьаризе кIудияб рес бугилан Германиялъул диваналда бичIчIизаби.
Эккехард Маас: «Нагагьлъун гьесда, жив Россиялъухъе кьуни жиндие ватIаналда зулму гьабизе бугилан Германиялъул диван божизабизе кIвани, гьев гьенивго тезе вуго. Амма гьеб иш рагIалде бахъинегIан гIезегIан заман ине бегьула.
Германиялъул законазда рекъон гьесул уголовияб хIалтIул цIех рех гьабизе кколеб заман халат бахъула кIиго моцIидаса анлъго моцIиде щвезегIан. Амма дун божуларо ХIабиб ГIумахановасда гьеб гьабиз кIвелин, щайгурелъул Германиялъул диванчагIи захIматго гурони божизе гьечIо улкаялда бищунго къуватаб партиялъул тIадегIанаб даражаялда ругел хIакимзабазул гIагарав чиясда аскIоб Россиялъул къуваталъул идарабаз зулму гьабизе бегьиялда».
Хасавюрт мухъалъул нухмалъулев Алхаматов ГIалимсолтIан чIван хадув полициялъ ккун вукIана Будайханов ХIабиб. ЦIех-рехалъул идарабазул лъазабиялда рекъон, гьесда цадахъ вукIун вуго жеги чанго чи. Гьезда гъорлъ Къадиев МикагIил, ГIумаханов ХIабиб ва МухIамадов Заурбек. Ахирисев полициялъ кквезе къасд тIамурабго дандечIей гьабун чIван вукIана исана соналъул августалда.
Гьесда цадахъ вукIарав кIигояв ккуна. Будайханов ХIабибие диваналъ къотIун буго 12 сон туснахъалъул.