Итни къоялъ Босниялъул сербазул вукIарав цевехъан Радаван Караджичица Гаагаялъул халкъаздагьоркьосеб трибуналалда жив цIунулеб калам гьабизе байбихьана.
Жинде гIунтIизабулеб геноцид ва рагъулал такъсирал гьариялъул гIайибалъе гьев мукIурлъулев гьечIо. Хасго Босниялъул Сребреница шагьаралда аза-азар бусурбан чи чIваялъе.
ГIаксалда, жив шапакъаталъе мустIахIикълъанин абуна Караджичица, щай гурелъул рагъ цебеккунго нахъ чIвазе жинца кIванагIан кIудияб хIаракат бахъанин.
Радован Караджич ккун вугоан Сербиялда 2008 соналда. 13 соналда жанив гьев вахчарулев вукIана низам цIунулездаса.