Ссылки для упрощенного доступа

Сириялде ва Ираналде данде цIиял санкциял.


Люксембург- Евроцолъиялъул къватIисел ишазул ва политикаялъул рахъалъан тIадегIанай вакил Кетрин Эштон.15Окт2012
Люксембург- Евроцолъиялъул къватIисел ишазул ва политикаялъул рахъалъан тIадегIанай вакил Кетрин Эштон.15Окт2012
Евроцолъиялъул къватIисел ишазул министераз итни къоялъ Люксембургалда букIараб жиндирго данделъиялда Сириялде ва Ираналде данде цIиял санкциял лъазаруна.

Гьанжеялдаса Сириялъул жеги 28 пачалихъияв хъулухъчиясда гьукъараб буго Евроцолъиялде рачIине. ЦIорозарун руго гьезул банкалъул активал. ГIаммаб къадаралда Сириялъул 181 хъулухъчиясде данде гьадинал санкциял хIалтIизарун руго.

Санкциял гьединго лъазарун руго Ираналлдеги данде. Гьукъараб буго Ираналъул нартил ва газил импорт. Магърибалъул цо-цо идарабазда гьукъараб буго Ираналъул гуми раялъул фирмабигун хIалтIизе.
XS
SM
MD
LG