16 чи хун вуго Пакистаналъул Хайбер-Пахтунхва провинциялъул Дарра Адам Хель шагьаралъул базаралда аскΙоб машина кьвагьаизабиялъул хΙассилалда. БакΙалъулаб нухмалъиялъул вакил Фахар Уддиница лъазабухъе, гьеб теракталъул мурад букΙун батизе бегьула, гьеб бакΙалда аскΙобго бугеб экстремистазде данде къеркьезе хΙукуматалъе кумек гьабулеб бакΙалъулал къокъабазул офис кьвагьизаби.