Ссылки для упрощенного доступа

Диваналъ тамихΙ тамахлъизабуна Pussy Riot панк-группаялъул гΙахьалчΙужуялъе


Russia -- Members of the all-girl punk band "Pussy Riot" sit in a glass-walled cage in a court in Moscow, 10Oct2012
Russia -- Members of the all-girl punk band "Pussy Riot" sit in a glass-walled cage in a court in Moscow, 10Oct2012
Москваялъул шагьаралъул диваналъ тамихΙ тамахлъизабуна Pussy Riot абураб панк-группаялъул гΙахьалчΙужу Екатерина Самуцевичие. Гьелъие бихьизабуна шартΙияб туснахъалъул кΙиго сон ва гьей эркен гьаюна диваналъул минаялда жанийго.

Гьеб къокъаялдаса цогидал ясазе – Марина Алехиналъе ва Надежда Толоконниковалъе – диваналъ цебе мухъалъул диваналъ къотΙараб тамих1алъул х1укму хисизабичΙогно тана, ай, гьез туснахъалда бахъизе буго 2 сон. Гьел кΙиязулго адвокатазда ракΙалда буго жидерго клиентазеги гьединабго хΙукму къотΙиялъул мурадалде щвезе. Гьез кΙвар буссинабулеб буго, кΙияйго ясалъул гΙиссинал лъимал рукΙиналде.
XS
SM
MD
LG