Гуржиязул президент Михаил Саакашвили мукIурлъана итни къоялда тIоритIарал парламентиял рищиязда гьесул «Миллияб Цогояб багъа-башари» партия къун букIиналъе ва лъазабуна гьел оппозициялде унел ругин.
Цересел баяназда рекъон, гьаркьазул 53 процент щун буго «Гуржиязул анищ» абулеб оппозиционияб коалициял. Гьелъие бетIерлъи гьабулеб буго миллиардер Бидзина Иванишвилица.
Президент Михаил Саакашвилил «Миллияб Цогояб багъа-башариялъе» щун буго 40г1ан процент. ХутIарал партиязе лъабго проценталдаса дагьал гьаркьал щун руго.