Ссылки для упрощенного доступа

Ираналъул цо къукъа террористикиял гIуцIабазул сияхIалдаса нахъе цIан буго.


Цолъарал Штатазул Пачалихъияб департаменталъ официалияб къагIидаялда лъазабуна «Халкъияб мужагьидин» абулеб Ираналъул оппозиционияб къукъа террористикиял гIуцIабазул сияхIалдаса нахъе цIан бугин.

Гьадинаб хIукмуялда гъоркь гъулбас лъуна Цолъарал Штатазул пачалихъияй секретарь Гьиллари Клинтоница.

Пачалихъияб департаменталъул лъазабиялда абун буго гьеб рехсараб къукъаялъ зулму какулеб бугин ва ахираб 10 соналда жаниб гьелъ цониги теракт гьабичIин.

Гьеб гуребги, «Халкъияб мужагьидин» абулеб гIуцIиялъул бутIруз Цолъарал Миллатазул гIуцIиялъулгун рекъон хIалтIи гьабулеб бугин ГIиракъалда бугеб тIурун чIаразул жиндирго мархьи цо бакIалдасан цогидаб бакIалде бахъиялда хурхараб.
XS
SM
MD
LG