Пакистаналъул маххул нухазул министр Гулам АхΙмад Билурица лъазабун буго, жинца жиндирго нусазарго доллар кьезе бугин «Бусурбабазул гΙайиб гьечΙолъи» фильмалъул автор чΙваялъухъин. Гьес гьединго лъазабун буго, жив хΙадурав вугин жиндирго квераз гьев чΙвазейин ва бусурбаби ахΙун руго жиндасанго мисал босиялде.
Пакистаналъул нухмалъиялъ лъазабун буго, жидеда министрасул лъазаби сурукъаблъун бихьулин. «Бусурбабазул гΙайиб гьечΙолъи» фильмалъ бусурбабазул гΙемерисел улкабазда рагъаризаруна протесталъул акцияби. Жибго Пакистаналда гьел тΙоритΙулеб мехалда полициялъулгун ккарал тунка-гΙусиязда хун вуго 23-гΙанав чи.