Гуржиязул диваналъ хамис къоялда санкция кьуна кΙиго моцΙалъул заманалъ пенетициарияб системаялъул анцΙго хΙалтΙухъан аресталде гъоркье восиялъул. Гьел ккун рукΙана оппозицияб каналалъ Тбилисиялъул туснахъалда жанир ругезе гΙазаб кьолеб видео бихьизабун хадур. Гьезде гΙайиб гΙунтΙизабулеб буго инсан хΙакъир гьавиялъул ва гΙазаб кьеялъул.
Аресталде гъоркье росаразда гъорлъ руго Гданалъул туснахъалъул директор, гьесул кумекчи. ГΙайибал гΙунтΙизарун руго гьединго гьеб идараялъул цОги хΙалтΙухъанасде – Владимир Бендукидзеде. Гьев гьанже рагΙуна Бельгиялда. Гьес къватΙиб чΙвазабун буго гьеб видео. Гуржиязул нухмалъиялъ гьев лъазавун вуго валагьиялде.
Живго Бендукидзеца хамис къоялда лъазабуна, туснахъалъул хΙалтΙухъабаз хас гьабун рищулел рукΙанин гΙазаб кьеялъе къурабаналин, аслияб къагΙидаялда «политикияб кьучΙгунин». Гьел кколиила президент Михаил Саакашвилил «идеологиял тушбабиян».
Гуржиязул гΙемерисел шагьаразда арбагΙ къоялда тΙоритΙана протесталъул акцияби. Гьезул гΙахьалчагΙаз тΙалаб гьабулеб букΙана гΙайиб бугел тамихΙалде гъоркье цΙай. Загьирлъараб скандалалъе гΙоло жиндирго хъулухъалдаса жинцаго гΙарза кьун нахъе лъугьана ТамихΙалъул хΙукмуял тΙуразариялъул министр Хатуна Калмахелидзе.