Либиялда Америкалъул вакил Кристофер Стивен ва жеги лъабго дипломат чIваялъул гIайиб гьабулеб буго нахъе рехарав диктатор Муаммар Къаддафил рахъ кколезда.
Бенгъазиялда кьураб пресс-конференциялда гьедина абуна Либиялъул къватIисел ишазул министр хисулев Ванис Шарифица. Гьес гьединго абуна тIадекIанцIи гьабураз танкабазде данде кьвагьулел гранатометал хIалтIизарун рукIанин.
Гьелдаса цебе Америкалъул Пачалихъияб департаменталъ какун букIана Бенгъазиялда америкалъул консуллъиялде тIадекIанцIи гьаби.
Талат къоялъ яргъидгIуцIарал чагIазул къукъаялъ гьужум гьабун ва хадуб бухIун букIана Бенгъазиялда Америкалъул консуллъиялъул мина. Гьелдаса хадуб шагьаралда рукIана демонстрантазда ва хIинкъигьечIолъи чIезабиялъул къуватазда гьоркьор рагъулал тунка-гIусиял.
Манифестантаз загьир гьабулеб букIана, гьезул пикруялда, МухIамад авараг гIодовегIан гьабураб фильмалда жидерго разилъи гьечIолъи. Абулеб буго гьеб фильм бахъун букIанин Америкалда гIумру гьабулел мисриялдаса христианал-коптазин.
Гьелдасаги цебе Мисриялъул тахшагьар Каиралда америкалъул вакиллъиялда цебе демонстрация тIобитIун букIана радикалиял исламистазул къукъаялъ.