Азиялъулгун Паракъатаб Океаналъул экономикияб цадахъ рекъон хIалтIиялъул саммит Владивостокалда тIобитIун хадуб Цолъарал Штатазул пачалихъияй секретарь Гьиллари Клинтоница журналистазде абуна Америкалда ва Россиялда гьоркьоб бахIс бугин Шамалда бугеб ахIвал-хIалалдаги инсанасул ихтиярал цIуниялъул ишкалалдаги сверухъ.
Гьиллари Клинтоница абуна Цолъарал Штатаз квер бакъи гьабулеб бугин Башар Асадил низамалде данде чIолезе. Цого мехалъ гьелъ абуна жий хIадурай йигин Цолъарал Миллатазул ГIуцIиялъул ХIинкъи ГьечIолъиялъул Шураялъул Шамалда хурхараб резолюциялъул проекталда тIад Москваялъулгун цадахъ хIалтIизе.