Ссылки для упрощенного доступа

Йеменалда аскарияз гъалатIалдалъун чIвана ракълилал гIадамал


Йеменалда рагъулал боржаробаздаса гъалатIалдалъун гьарурал гьавадул кьабиязул хIасилалда I4 чи чIван вуго. Гьезда гъорлъ – лъималги руччабиги.

Йеменалъул улка цIуниялъул министерлъиялъул баяналда рекъон аскариязда кколаан автомашинабазде рекIун рукIарал ракълилал гIамадал «Аль-КъагIида» гIуцIиялъул рагъухъаби ругин. Балагь ккана Аль-Байда вилаяталъул Радда шагьаралда.
XS
SM
MD
LG