Шамат къоялда Хъиргъизстаналъул парламенталда гΙуцΙун буго нухмалъиялъул коалиция. Гьелде гъорлъе ун руго парламенталъул щуго партиялда гъорлъан лъабго – Социал-демократияб, «Ар-Намыс» ва «Ата-Мекен» партияби. Гьанже коалициялъ вищизе кколев вуго премьер-министр ва гΙуцΙизе кколеб буго хΙукумат. Парламенталъул цебесеб коалиция биххун букΙана августалъул ахиралда Гьелдасан «Ар-Намыс» ва «Ата-Мекен» партияби нахъе ун рукΙиналда бан. Гьелъие гΙоло бихун букΙана хΙукуматги.