Хамис къоялда Тегераналда байбихьана ГΙахьаллунгутΙиялъул багъа-башариялъул саммит. Гьелъул гΙахьалчагΙаз гьоркьоб лъолел суалазул аслиял ккола Сириялда бугеб ахΙвал-хΙал ва дунялалда ядерияб яргъидасан инкар гьабизе къваригΙиналъул суалал. Мисралъул президент МахΙамад Морсица хъачΙго какана сириялъул президент Башар Асадил режим. Гьес лъазабуна, «жигараб къагΙидаялда ахΙвал-хΙалалде гъорлъе лъугьиналъгурони» гьениб битΙей чΙезабизе бегьуларилан.