МахIачхъалаялда цIидасан багъарана кьвагьа-гIанхъи – гьаб нухалда шагьаралъул рагIалда бугеб Семендералда.
Мадугьаллъиялъ бицухъе, Гъизилюрталдаса чи вачIун вукIун вуго гьениве сордо базе. Гьебги лъан аскариялги тIаде щун руго, минаги сверун ккун буго. Амма минаялъул бетIергьанасухъа бажарун буго телефоналдасан лъале-хъвалезухъе ахIизе, лъимаде йигей жиндир лъадигун цадахъ жив къватIиве вачIине хIадур вугин лъазабун буго гьес. Гьедин аскарияз къватIиреги риччан руго. Амма гьездаса хадуб цIидасан байбихьун буго кьвагьа-гIанхъи. Гьелдасан рекIун буго цIа. Жанив чIагояв чи хутIичIин ккараб гIадаб мехалда аскарияз чIезе тун буго кьвагьи. Гьенив жанив кIиго чи чIванин лъазабуна къанун цIунулез. Гьезул цIаралги рицунел гьечIо жеги, изну гьечIого яргъид гIуцIаразда гъорлъ рукIиналда щаклъи ккей гурони.
Гьеб хасаб операция тIобитIулеб заманалдаги ахиралде щолелъулги интернеталда гIезегIан ругоан дагъистанияз гьелда тIасан гьарулел хъвай-хъвагIаял. Масала, гьезул цояб бук1ана гьадинаб:
«Сверун ккурал гIадамал газги жанибе биччан кIотун ккезаризейищ кIоларел къанун цIунулезда? Ялъуни гьезул мурад батIиябищ бугеб – чIварал изну гьечIого яргъид гIуцIарал гIадамазул къадарищ гьезие хIажат бугеб?»
Гьединал хасал операциязул бицен ккедал, Дагъистаналда гIемерисезда ракIалде щолеб хIужа буго гIолилазда аскIоб пачалихъалъ щвалде щун хIалтIи гьабунгутIи. Масала, гIолохъанчияс жиндирго ругел ресал рихьизаризе ургъарал киналгIаги проектал гьечIила республикаялда. РухIияб рахъалъ гIолилал куцаялъул хасаб центрги чанго фондги бугин Чачаналдаян мисал бачана ЭР-ялъе журналист Гереев Русланица. Дагъистаналдайин абуни щибниги цияб жо ургъулеб гьечIила, цIогьод ран ругила кверщел кодоселги. Гьедин гьабизе жо тIагIарал гIолилаздаса пайда босулеб бугила батIи-батIияб мурадалъул чагIазги. Гьединабго пикру загьир гьабулеб буго ЭР-ялъе жамгIияв хIаракатчи Шамилов МухIамадицаги. Динияб гIаламаталъухъ балагьун бищун гIолеб гIужда гIолохъаби гъурун ралел ругин рахIатхвей буго гьесул.
Шамилов МухIамад: «Бидул хIориниб гьалдолеб буго жакъа Дагъистаналда бугеб ислам».
Шамиловас рикIкIунеб буго хIалтIизе бакIалги гьечIого чара къосарал гIолилал гьанже тIадежоялъе дагъистаниязда божилъи гьабизе кIвечIого Россиялъул армиялдегицин гьелги росулел гьечIила хъулъухъ гьабизе.
Шамилов МухIамад: «КIудияб ВатIанияб рагъулъ 56 БахIарчи вахъана дагъистаниязул. Гьеле гьелщинал гIадамаз бахIарчилъи бихьизабуниги, рохьилалгун рагъда гьабщинаб халкъ гъура-чункун лъугIулеб букIаниги божулеб гьечIо Россия гьал чагIи жалгун ракълида рукIине бокьун бугин абураб жоялда… Гьанже гьал гIадамал гьаб инжитлъиялда – армиялдеги росичIого, хIалтIизе бакIалги кьечIого – чIезарулел руго. Гьалъул магIна щибха? Бокьаниги, риханиги, гъоле нужее рохьобе нухилан абулеб буго гьезда. Гьедин жидедаго данде рагъизе тIамулел руго гьез гьал гIадамал».
Къанун цIунулез лъазабуна Табасаран мухъалда, рохьоб, Сертиль росдада аскIобегIан батанин яргъил гьабураб нахърател. Кьвагьулел алатал гьаризе къваригIунел батарейкабигун, алюминиялъул хIурги, махх-кIачги, гьединго гIалхуда къваригIунеб ретIел-кунги, квен-тIехги гуребги, гьенир ратун руго гIадамал экстремизмалде ахIулеб хитIабал хъварал тIанчалги.
Гьедин кьвагьизе къачIараб цистерна Буйнакскиялда батаниланги лъазабуна къанун цIунулез цебесеб къоялъул маркIачIуда. 18 тонна цIайиялда бугеб цистерна Буйнакскиялда рагъулаб бутIаялда дандбитIун чIезабун батанила. Рагъулал хъулухъчагIаз гьа балеб заманалда 21 июлалда кьвагьизабизе къваригIун букIун бугила гьеб.