Терроризмалъул къурбанал цIикIкIунел руго дунялалда

2014 соналда терроризмалъул къурбаназул къадар 80 проценталъ цIикIкIанин ва 36 азаралда 658 чиясде баханин. Гьадинаб баян гьабуна Терроризмалъул глобалияб рейтинг абулеб цIех-рехалъ. Гьеб гьабун буго Экономикаялъул ва Ракълил Инстутуталъ.

Аслияб къагIидаялда терактазул хIасилазда къурбаналлъун ккана Афгъанистаналъул, ГIиракъалъул, Нигериялъул, Пакистаналъул ва Сириялъул гIадамал. ХIисабалде босун букIана 162 улкаялда бугеб ахIвал-хIал.