А.Вершбоу: Россиялъе бокьилаан хIинкъаби кьезе

НАТО-ялъул Генералияв секретарь хисулев Александр Вершбоуца шамат къоялъ абуна, Шималияб Атлантикияб Цолъиялъулгун гъорлъан рихьулел бухьенал щулализаризегIан, Россиялъе бокьилаанин Магърибалъе хIинкъаби кьезе ва рихха-хочизаризе.

2016 соналда Варшаваялда букIине бугеб НАТО-ялъул саммиталда гьеб суал гьоркьоб лъезехъин буго, киналго бухьенал якъинлъизари мурадалда, ян лъазабуна Вершбоуца.