ГIиракъалъул хIукуматалъ аскарияз рагъулаб операция байбихьана

ГIиракъалъул хIукуматалъ «Исламияб пачалихъалъул» къеркьохъанал нахъе гъун, Рамади шагьаралда бугеб ракьул цо бутIа жиндир контролалде гъоркь босун буго. Гьадин лъазабуна Франс-пресс агентлъиялъ.

Рагъулаб операция гьениб байбихьана 23 маялда.

НугIзаз абухъего хIукуматалъул аскарияз ва бакIалъулал низам цIунулез къад кьал багъаризабуна Халия шагьаралдаги аскIоб. ТIокIаб мухIканлъи гьабсагIат гьечIо.