Франк-Вальтер Штайнмайерица Украиналъул конфликталъул рахъал аxIaна Минскалъул къотIи-къаял тIуразариялде

Германиялъул къватIисел ишазул министр Франк-Вальтер Штайнмайерица лъазабуна, Украиналъул машрикъалъул рахъалда ахIвал-хIал квешлъулеб бугин.

Киналго рахъаз, гьезда гъорлъ Россиялъги тIуразаризе кколин 5 сентябралда Минскалда къабул гьарурал къотIи-къаялин.

Штайнмайерица гьединаб лъазаби гьабуна 10 ноябралда Казахстаналъул тахшагьар Астанаялда.

Кьвагьдей чIезаби лъазабуралдаса хадуб бищунго кIуватал тунка-гIусиял ккун руго Донецк областалда 9 ноябралда.