Нигериялда бугеб радикалиял бусурбабазул «Боко ХIарам» абулеб къукъаялъ загьирабураб жиндирго видео хитIабалда лъазабулеб буго, исана апрель моцIалда Чибок шагьаралда бугеб интернаталдаса йикъарай 200-гIан ясалъул проблема рагIалде бахъун бугин гьел киналго ясал некIого росазе кьун рукIиналъ.
Associated Press агентлъиялъул хIисабалда рехсарал ясал эркен гьариялъул суалгун гьоркьоб байбихьарал кIалъа-басаял хIасил гьечIого лъугIана ян абизе бегьула.