Украиналда тIоритIулел руго ТIадегIанаб Радаялде рищиял

«Эркенлъи» радиоялъул Украиналъул сервисалъул мухбиразул лъазабиязда рекъон, гьатIан къоялда Украиналъул ТIадегIанаб Радаялде рищиязда Москваялъул заманалда сагIат щуго тIубараб мехалде гьаркьал кьун рукIана рищарухъабазул 40-ялде гIунтIун проценталъ. Бищунго жигарго гьаркьал кьеялда гIахьаллъун руго Чернигов, Кировоград ва Черкасская областазул рищарухъаби. Донецк ва Луганск областазда рищиял тIоритIун гьеч1о.