ГIиракъалда теракталъул хIасилалда хун вуго 11 чи

11чи хун вуго ва 30 лъукъун вуго Багъдадалда аскIобехун бугеб бакIалда ккараб кьвагьиялъул хIасилалда.

Полициялъул лъазабиялда рекъон, Юсифия шагьаралде жанире унеб блок-посталда хвалде унес кьвагьизабун буго бомба тIад букIараб автомобиль.

Экспертаз лъазабулеб буго, ГIиракъалда загьирлъулеб зулмуялъул гьанже гьечIин контролалде гъоркье бачине бажарулеб хIалин.