ГьатIан къоялда Харьковалда ккана тунка-гIуси

ГьатIан къоялда Харьковалда тунка-гIуси ккун буго Евромайданалъул ва Россиялъул рахъ ккуразда гьоркьоб.

Шагьаралъул нухмалъулев хисулей Светлана Горбунова – Рубанил лъазабиялда рекъон, тунка-гIусиялда зарал ккун буго 10 чиясе.

Харьков областалъул Жанисел ишазул министерлъиялъул идараялъул лъазабиялда рекъон, лъукъун вуго цо милициялъулав.