Босниялда ва Гьерцеговинаялда дандечIей

Босниялда ва Гьерцеговинаялда полициялъулазда ва демонстрантазда гьоркьор рагъарарал тунка-гIуссиязул хIасилалда ахирисеб лъабго къоялда жанив нус-нус чиясул сахлъиялъе зарал щун буго.

ГIадамал разиял гьечIо улкаялда хIалтIи гьечIолъиялъул даража эхеде бахиналдаса ва экономикияб ахIвал-хIал лъикIлъизабизе тIадтаразда кIолареблъиялдаса.