Миллион чи вачIине вуго Киевалъул аслияб майданалде

Киев, 2013 соналъул 8 декабрь.

Киевалда бугеб Эркенлъиялъул майданалде дагь-дагь ккун рачIунел руго евроинтеграциялде руссарал гIадамал.

Гьеб митингалда аза-азар чи вакIкIарун вуго.

ГIуцIарухъабазул хIисабалда гьезул къадар миллион чиясде бахине буго.